ВКЛ / ВЫКЛ: ИЗОБРАЖЕНИЯ: ШРИФТ: A A A ФОН: Ц Ц Ц ЦНАСТРОЙКИ:
ГБПОУ РД "ПРОФЕССИОНАЛЬНО-ПЕДАГОГИЧЕСКИЙ КОЛЛЕДЖ
ИМЕНИ РАСУЛА ГАМЗАТОВА"
Мы учим учить!
368220 Республика Дагестан, г. Буйнакск,
ул. Дж. Кумухского, дом 85
Приемная директора (87237) 2-11-17
8-928-834-96-27
bpkgamzatov@mail.ru

ГБПОУ РД "ПРОФЕССИОНАЛЬНО-ПЕДАГОГИЧЕСКИЙ КОЛЛЕДЖ
ИМЕНИ РАСУЛА ГАМЗАТОВА"

Мы учим учить!
МЕНЮ

Буйнакск шагьаралъул №7 школалъул тIоцебесеб «а» класалда 23 октябралда ХIажиева Рисалатица кьураб авар мацIалул хIалбихьул дарсил конспект

Дарсил тема: «Л» гьаракь ва хIарпалъулгун лъай – хъвай гьаби.

Дарсил мурад: «Л» гьаракь – хIарпаллъулгун лъай – хъвай гьаби, рагIабазда гъорлъа гьеб батIа гьабизе лъай ва гьебгун рагIаби ургъизе лъай.

Дарсил алатал: къотIарал хIарпазул касса, ламадуралъул, лалуялъул суратал.

 

Дарсил план

I Класс дарсиде хIадур гьаби.

II Рокъобе кьураб дарс гьикъи.

III ЦIияб дарс баян гьаби:

а) суратазда тIад хIалтIи;

б) рагIабазда гъорлъа «Л» батIа гьабизе лъай;

в) «Л» гьаракьгун рагIаби ургъизе лъай.

IV ЦIияб дарс щула гьаби

V Дарсил хIасил гьаби
VI Рокъобе хIалтIи

 

 

Дарсил ин

 

ЦIалдохъаби дарсиде хIадур гьари.

Учитель: РорчIами, лъимал! ГIодорчIа!

Лъималаз жаваб кьола: вуго, гьечIо.

Учитель: Гьанже, лъимал, киналго берцинго гIодорги чIун, рокъобе кьураб хIалтIиялъул хал гьабула.

Лъимал, лъида лъалеб гьаб щибали?

(учителас шишаялъул сурат бихьизабула), (лъималаз кверал рорхула).

Учитель: ЦIале дуца, ПатIи.

ЦIалдохъан: Гьеб буго шириш

Учитель: ГIодойчIа!

Шиша абураб рагIи слогазде бикье дуца, Асма.

ЦIалдохъан: ши-ша

Учитель: Такрар гьабе дуца, ГIумар.

ЦIалдохъан: ши-ша

Гьеб къагIидаялда кIиго-лъабгоязда такрар гьабизабила.

Учитель: Лъимал, цоги лъида кIвелеб «Ш» хIарп гъорлъ бугеб рагIи ургъизе?

ЦIалдохъан: (шагьар, школа, шириш)

Учитель: Гьел рагIаби слогазде рикье дуца, Муъминат.

ЦIалдохъан: Ша-гьар, шко-ла, ши-риш.

Гьеб куцаялда 3-4да такрар гьабизабула.

Учитель: Гьанже, лъимал, цIализе буго нужеца рокъоб лъазабураб дарс. Щиб нужеца рокъоб лъазабураб?

ЦIалдохъан: Нижеца рокъоб лъазабуна «Тракторист» абураб текст.

 

Учитель: ЦIале дуца, Башир.

ЦIалдохъан: «Тракторист»

Учитель: ЛъикI буго, Башир, гIодовчIа. Лъимал, Муса щив кколев?

ЦIалдохъан: Муса ккола тракторист (Тракторист абураб рагIул магIна гьезда цебего баян гьабула.

Учитель: Мусса исана кин хIалтIарав, векьарарав?

ЦIалдокъан: Муса исана гIемер векьарана. (Гьеб формаялда 2-3 ял рахъинарила.

Учитель: Гьаина, лъимал, тIехь гьечIого, суалазе жаваб кьезе хIадурлъе, тIахьалги къан. Мусса  щив кколев?

Абе дуца, Аминат.

ЦIалдохъан: Мусса кола тракторист.

Гьеб формаялда лъималаздаса ритIарал жавабал ва материал гъваридго такрар гьабила.

Учитель: Лъимал, нуж кин хIалтIизе ругел?

ЦIалдохъан: Ниж гIемер ва лъикI хIалтIизе руго.

 

(Учителас статьялъул тарбия кьеялъул мурад баян гьабула, цIалуда лъикIго хурхинабун).

 

ЦIияб дарсил баян.

Учитель: Жакъа, лъимал, нилъеца лъазабизе буго цIияб хIарп, рагIи. Киналго гьанире балагьея, гьаб сураталъухъ (Сурат бихьизабила ламадуралъул).

Щиб гьаб? Абея дуца, Даци.

ЦIалдохъан: Гьеб буго ламадур.

Учитель: Нуж гIинтIамун чIа.

Дица кьураб суалазде жаваб кьезе хIадур чIа «Гьаб ламадур буго школалъул огородалдаса дица нужеда бихьизабизе босараб жо (Учителасухъ букIина цо хIакъикъияб ламадур. Нилъер           школалъул огородалда рижула батIи-батIиял овощал. Ламадур гIадамасул чорхое пайда бугеб овощлъун ккола.

Учитель: Ламадур киб бижун букIараб?

ЦIалдохъан: Гьеб ламадур школалъул огородалда бижун букIана.

Учитель: ГIадамасул чорхое гьелъул пайда бугищ?

ЦIалдохъан: Ламадуралъул гIадамасул чорхое пайда буго. (Гьеб формаялда хутIараб бутIаги суалазде биххила ритIарал жавабал тIалаб гьарила).

Учитель: Нахъеги бихьизабизин, щиб гьаб?

ЦIалдохъан: Гьеб ккола ламадур.

Учитель: Чан рагIи дуца абураб?

ЦIалдохъан: Лъабго рагIи абуна.

Учитель: ТIоцебесеб рагIи щиб?

ЦIалдохъан: Гьеб

Учитель: КIиабилеб рагIи щиб?

ЦIалдохъан: Ккола.

Учитель: Лъабабилеб рагIи щиб?

ЦIалдохъан: Ламадур.

Учитель: Кинацаго цадахъ абе «ламадур»

ЦIалдохъаби: Ламадур!

Учитель: Бикье гьеб рагIи слогазде дуца, Даци.

ЦIалдохъан: Ла-ма-дур

Учитель: Бикье гьеб рагIи киназго цадахъ (хоралдалъун)  слогазде.

ЦIалдохъан: Ла-ма-дур

Учитель: Кинаб цIияб гьаракь бугеб гьеб рагIулъ?

ЦIалдохъан: Гьеб рагIулъ цIияб гьаракь буго «Л»

Учитель: Гьале, лъимал «Л» хIарп (къотIарал) хIарпаздаса гьоркьоса «Л» хIарп бихьизабула).

Такрар гьабея дуца, Муслим (хадуб хоралдалъун такрар гьабизабила).

Учитель: Гьеб хIарп буго «Л»

Учитель: Балагьея, лъимал, щиб гьаб? (лемагалъул сурат бихьизабула).

ЦIалдохъан: Гьеб буго лемаг.

Учитель: ЦIияб гьаракь бугищ гьеб рагIулъ?

ЦIалдохъан: Лемаг абураб рагIулъ цо цIияб гьаракь буго «Л».

Учитель: Гьанже, лъимал, нилъеца гIуцIила «Ламадур» абураб рагIи ва гьеб цIалила.

ЦIалдохъан: ЦIализабила (цоясда ва хоралда).

Учитель: Биххе гьеб рагIи слогазде, хIарпазде ва цIияб хIарпги бихьизабила. Мун яхъа бихьизабе, Асма.

ЦIалдохъан:  Гьале цIияб хIарп «Л»

Учитель: Гьанже, лъимал, нужеца нужер къотIарал хIарпазулъ бате «Л» хIарп ва киназго дида бихьизабе.

ЦIалдохъан: Гьале «Л» хIарп (лъималаз бихьизабула).

Учитель: Гьанже нужеца къотIарал хIарпазулъ  рате цогидал хIарпал ва гIуцIе ламадур абураб рагIи, лалу, лемаг ва гь.ц. (цIалдохъабаз гIуцIила учителас хал гьабула).

 

Азбукаялдасан цIали

Учитель: Гьанже лъимал, тIахьадасан цIализе буго. Рагье тIахьал, гьумер 16. Цояс цIализе буго, цогидаз тIахьазде тIадеги ралагьун, цIале.

Учитель: ЦIале дуца, Тамара.

ЦIалдохъан: Школа.

Учитель: (Учителас школаялъул мина бихьизабула). Лъимал гьаб щиб?

ЦIалдохъан: Гьеб буго школа. Хоралда абула.

Учитель: Лъимал, гьанже нужеца гьеб рагIи слогазде бикье.

ЦIалдохъан: Шко-ла.

Учитель: Гьаркьазде бикье. Ш-к-о-л-а.

(Гьедин цогидазги цIалила).

Учитель: Гьанже цIализе буго предложение.

Учитель: ЦIале, ясай!

ЦIалдохъан: Школалъ лъималазе лъай кьола.

Учитель: Школалъ щиб кьолеб?

ЦIалдохъан: Школалъ лъай кьола?

Учитель: Школалъ лъие лъай кьолеб?

ЦIалдохъан: Школалъ лъималазе лъай кьола.

 

ЦIияб дарс щула гьаби

Учителас баян гьабула: школалде цIализе рачIаралщиназе школалъ лъай кьолеблъи, лъай хвел гьечIеб хазина букIин лъай).

Учитель: ЦIияб хIарп бугищ гьеб рагIулъ?

ЦIалдохъан: Гьеб рагIулъ цIияб хIарп буго «Л»

(Гьединан цIалила хутIарал предложениял)

 

Ахиралда цоясда тIубанго цIализабула ва бицинабула.

Дарсида лъикIаб гIахьаллъи гьабуразе къиматал лъела ва гьезие баян кьела.

 

Дарсил хIасил гьаби.

Учитель: Жакъа нилъеда дарсида кинаб гьаракь-хIарп лъараб?

ЦIалдохъан: Жакъа нижеда дарсида лъана «Л» хIарп ва гьебгун рагIабиги цIализе лъана.

Рокъобе хIалтIи.

Учитель: 16 гьумералдасан цIализе. Суратазде балагьун хабар гIуцIизе ва бицине хIадур гьабизе.

Учитель: Абея щиб нижеца метералде лъазабизе кколеб?

ЦIалдохъан: ЦIалдохъабаз такрар гьабула.

Учитель: Дарс лъугIана, инее бегьула.

Учителас лъималазулгун къомех лъикI гьабула.

© 2024. ППК им. Р. Гамзатова. Сайт создан 2008 г. Все права защищены..