ВКЛ / ВЫКЛ: ИЗОБРАЖЕНИЯ: ШРИФТ: A A A ФОН: Ц Ц Ц ЦНАСТРОЙКИ:
ГБПОУ РД "ПРОФЕССИОНАЛЬНО-ПЕДАГОГИЧЕСКИЙ КОЛЛЕДЖ
ИМЕНИ РАСУЛА ГАМЗАТОВА"
Мы учим учить!
368220 Республика Дагестан, г. Буйнакск,
ул. Дж. Кумухского, дом 85
Приемная директора (87237) 2-11-17
8-928-834-96-27
bpkgamzatov@mail.ru

ГБПОУ РД "ПРОФЕССИОНАЛЬНО-ПЕДАГОГИЧЕСКИЙ КОЛЛЕДЖ
ИМЕНИ РАСУЛА ГАМЗАТОВА"

Мы учим учить!
МЕНЮ

Сведения об ОУ

Студенту РОЯЛ

Лирика -гьеб ккола  литератураялъул хасаб тайпа.Гьеб бич1ч1и ва лъазаби бараб буго гьелъие хасиятал цо-цо зах1малъаби баян гьариялда. Гьединлъидал лирикаялъул асаразул анализал гьаризе ц1алдохъаби ругьун гьариялъе цо хасаб х1алт1и гьабизе т1адаб буго учителасда. Лирика бук1уна гьит1инал куч1дузулъги (гьениб лирика бич1ч1изе зах1малъула) ч1ах1иял художественниял асаразулъги. Рук1уна художественниял асарал т1убанго жал лирикиялги. Эпосалдаги  драмаялдаги  образал(ч1агояб сурат) кьезе бат1и-бат1иял рахъал росулел ратани,инсан гьесул ишалъулъ,къеркьеялъулъ вихьизавулев ватани,г1адамаздехун гьесул ва гьесдехун г1адамазул гьоркьоблъи кьолеб батани, лирикаялда жанив инсан гьесул рек1ел бат1и-бат1иял асаралгун вихьизавула.Лирикияб асаралъул образ-гьеб ккола рек1ел ах1вал-х1алалъул образ. (краткая литературная энциклопедия)  Лирикиял образаз бегьула ц1алдолесул рек1ел кутакаб асар,багъа-бачари ц1идасан бижизабизеги.

Цо-цо мехалъ методистаз,лирикаялъул асаралъул хаслъиялъухъги  ц1алдолезе гьелъ гьабулеб к1удияб рек1ел  асаразухъги балагьун,гьел асаразул анализ гьабич1ого тани лъик1аб бук1инин абула. Нилъ гьеб мекъаб пикруялда  т1ад кинго рекъезе бегьуларо. Киг1анго гьит1инаб лирикияб асар бугониги т1аса-масаго анализ гьаби лъик1аб гьеч1о. «Месед гьит1инаб бук1уна»,- абураб умумузул кици к1очене бегьуларо.

Преподавателас  лирикаялде руссарал дарсал г1уц1изе ккола  к1вар кьун, лъик1  ургъун; авторасул раг1удехун учителасул гьоркьоблъи бук1ине ккола зах1матго унтарав чиясдехун тохтурасул г1адаб; х1еренаб, рак1-рак1алъулаб. Ц1алдохъанасда кеч1   бич1ч1изе, гьев гьелъул маг1наялъул  гъварилъуде ваккизе кумек гьабизе ккола.

Ц1алдохъанасе поэзиялъул раг1и чара гьеч1еблъун, гьаваг1ан х1ажатаблъун лъугьинабиялда т1ад х1алт1изе ккола. Лирикияб асар чанц1ул ц1аланиги,щибаб нухалъ ц1ия-ц1ияб тату щвезе ккола,гьелъул цоги гьайбатаб рахъ т1атинабизе лъик1. Лъик1аб,ц1одораб ва пасих1аб раг1иялъ бекьизе ккола гьарзаяб бач1иналъул хьон. Хал гьабе Хъах1абросулъа Мах1мудил гьал раг1абазухъ:

Х1асрат ц1ик1к1арасе ц1ар щолебани,

Ц1ер г1адин дуниял дир бук1инаан.

Ц1ик1к1ун хиял лъурав хан лълъуневани,

Халкъалъ ихтияр дихъе щвелаан.

(«Почтовой кагъат»)

Гьал мухъаздалъун  Мах1мудица абулеб буго цоцадехун г1адамазул бугеб рокьи бищунго гучаб,къуватаб  бук1унилан. Х1исаб гьабе:гьеб мурадалъе г1оло авторасда  ратун ругел раг1аби ва гьезул маг1наялъул гъварилъи,гьел эркенго  рек1елъе рортулеб куц!

Жив-жив хъвадарухъанас жиндирго рек1ел асар  гьесие хасиятаб къаг1идаялда баян гьабизе х1аракат бахъула.Чияр рек1ел х1ал баян гьабулеб къаг1идаги гьелдаго релълъараб бук1уна.Гьединлъидал,лирикияб асар ц1алулаго,нилъер рек1ее гьабулеб асар чияр асар такрар гьаби кколаро. Лирикияб асаралъул хазина лъималазе рагьизе,гьелъул  берцинлъи гьезда бич1ч1изабизе,гьелдалъун чияр рек1елбат1и-бат1ияб х1алалда жанире гьел лъугьинаризе,учителасе х1ажалъула к1удияб махщел.

Авторасул г1умру,рук1а-рахъин ва рух1ияб рахъ лъик1 лъаялъ к1удияб кумек гьабула гьесул лирикияб асар  бич1чиялъе.Дагьал гуро ругел лирикиял куч1дул жидер кьуч1алдалъун поэтасул  г1умру,рек1ел асар  ва жеги лъугьа-бахъинги к колел.Киг1анго гьедин бугониги,учителас к1вар кьезе ккола цо авторас яги гьесул цо герояс гьабулеб  рек1ел асар г1емерисезе хасиятаб бук1ин бихьизабизе. Гурони ц1алдохъабазда гьеб бич1ч1изе буго г1умруялда жаниб дагьго гурони дандч1валареб,нагагьаб лъугьа-бахъин кколеб г1адин,обществоялдехун(жамг1ияталдехун),сверухълъиялдехун гьелъул дагьаб гурони бухьен батиларилан.

Учителасда т1адаб буго кинабго лъугьа-бахъин г1адамасул г1умруялъул,социалияб г1уц1иялъул х1асил бук1ин бихьизабизе,инсанасул г1умру обществоялда,сверухълъиялда бухьараб бук1ин  ва рек1ел асаралги гьез рижизарулел рук1ин бич1ч1изабизе.

Мисалалъе росизе бегьула Хъах1абросулъа Мах1мудил гьал раг1аби:

                           Дида къварилъиялъ къан буго рачел,

                           Къот1ун реханиги, хурхун батула.

                           Ургъел т1аг1анилан т1аде вахъани,

                           Нахъа ч1ун батула цойгиги балагь.

Мах1мудил гьев мурадалде щоларев г1умруялъе г1айибияб бук1ана доб заманалъул социалияб г1уц1и.Т1убалареб рокьуца гуревги,рокьи бигъиналъе  г1иллалъун ккараб мискинлъиялъги  к1век1ана к1удияв шаг1ир.

Лирикиял асарал лъазариялъул къаг1идаби рарал рук1уна гьезул тайпабаздаги г1уц1иялдаги.Гьелде т1адеги,эпосалдаса  ва драмаялдаса лирикиялде вач1унаго учителасул ккола жанисеб хиса-баси,пикруялъулаб х1адурлъи.Цересел  жанразул асарал малъулелъул лъик1аб х1асилгун ва бергьенлъиялда х1алт1изарурал къаг1идаби хисич1ого,ругеб х1алалъ лирикиял асаразул  дарсазда х1алт1изаризе бегьуларо,гьел дандеги кколаро.Сюжеталъул бут1абиги,предметалъул сипат-сурат гьабиги ва лъугьа-бахъинги  -  гьеб кинабго нур гьеч1еблъун лъугьуна  инсанасул рек1ел бат1и-бат1иял х1алуцарал асарада цебе.Гьеб рек1ел х1алалда раг1ад ч1валеб къаг1идаялъ,цогидал рахъалги рихьизаризе бегьуларо.

Г1емерисеб мехалъ гъваридаб философияб пикру загьир  гьабула лирикиял асараз.Гьединлъидал преподавателасда рак1алдаса ине бегьуларо гьел асаразул пикругун дандч1валел рук1ин ц1алдохъаби  ва гьел пикрабиги хъвалсараб т1аса-масагояб маг1наялъул рук1ин.

Лирикияб асар ккола пикру,рек1ел т1адег1анаб,х1алуцараб ва гьайбатаб х1ал,жибги камилаб,унго-унгояб художествоялъулаб асаралъул формаялда гурони загьирлъулареб. «Лирикиял асаразул киг1ан гьайбатал ва бергьун берцинал пикраби ратаниги,-ян абулеб буго В.Г.Белинскияс,-киг1анго гьез заманалъ ва г1умруялъ цере лъурал суалазе ч1ванкъот1арал жавабал кьолел ругониги,гьел асаразулъ поэзия батич1они ,гьениб бук1ине рес гьеч1о гьайбатаб ва т1адег1анаб пикруги киналг1аги суалалги…» 

К1удияв критикасул ц1одор гьариялъухъ г1енеккизе ккола авторги,учительги,ц1алдохъабиги. Ц1алул т1ехьалдасан лирикияб асар лъазабунги учителас дарсида гьелъул х1акъалъулъ бицаралъухъ г1енеккунги г1оларо ц1алдохъанас.Гьел ругьун гьаризе ккола асар бич1ч1ун,пасих1го,бит1ун ц1ализеги,гьелъул художествалъулаб берцинлъиялда хадур гъезеги,маг1наялъул ва идеялъулабгун темаялъул гъварилъуде лъугьинеги.

Нилъеца жиб-жиб лирикияб коч1ол бат1аго босун хал гьабула.К1вар кьезе ккола авторас ц1ияб коч1олъ церехун арал куч1дузулъ абич1еб,загьир гьабич1еб,бат1ияб жо щиб абулеб бугебали бич1ч1изе;авторасул пикруялъулъ,махщалилъ ккараб цебет1ей бугищали к1вар кьезе.

Лирикиял куч1дузул хал гьабиялъе  г1емерал бат1и-бат1иял нухал руго.Ц1алдохъабазул ихтияр буго гьезда гьоркьоса жидеего бокьараб нухдасан ине.Учителас  ц1алдохъабазул  нухда  цебе х1ет1е лъезе бегьуларо.Гьесул масъала ккола жиндирго пикру бициналде ц1алдохъабазул гъира бижизаби.Биччанте ц1алдохъанас жиндиего бищун г1агараб нух батизе.

Учителасда т1адаб буго малъулеб  асар лъазабиялъе ц1алдохъанасда ратараздаса бат1иял,цогидал нухал рук1инги бихьизабизе.Асаралъул х1акъалъулъ гара-ч1вари гьабилелде,учителасда т1адаб буго гьеб асаралъул идеялъулабгун тематикияб гъварилъуде живго лъугьине, гьенир аслияб маг1наялъул рахъалъ к1вар бугел бак1ал ратизе,авторасул творчествоялда жаниб гьелъ кколеб бак1алъе къимат кьезе.

                                                                                                                      

Джамалудинова Г1аиша,

Буйнакскиялъул Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб профессионалияб педагогияб колледжалъул 

авар  мац1алъул ва литератураялъул преподаватель

© 2024. ППК им. Р. Гамзатова. Сайт создан 2008 г. Все права защищены..